Расмияб мацӀ
Расмияб мацӀ — ккола кинаб бугониги пачалихъалда, киналниги халкъазда гьоркьоб хІалтІизабулеб ва жиндалъун пачалихъалъул аслияб къанун (конституция) хъвалеб мацІ. Расмияб мацІалде гьединго абула пачалихъияб мацІ - абун.
Цо-цо пачалихъазда, гьеб расмияб мацІ цоялдаса цІикІкІун букІуна, масала: Дагъистаналда расмияблъун рикІкІуна 14 батІи-батІияб мацІ.